Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
Кидаялиго нуж мунагьалъул лагъзаллъун рукІарал ратаниги, Аллагьасе рецц, нужеца ракІ-ракІалъ къабул гьабуна дица малъарабщинаб. Цоясе РухІалъ кьола гІакъилаб калам, цогидасе гьебго РухІалъ кьола гІелму-лъай малъизе махщел. Нилъее гІоло къурбанлъун лъугьарав МасихІие нуж рокьарал гІадин, цоцазе рокьун хьваде нужги. Аллагьасе кьураб махІгьуинаб ва лъикІаб къурбанлъунин гьев лъугьарав. Гьедин букІина нужеда рагІараб Рохалил хабаралда хадубккунги нуж кьуричІого божани, къвакІун чІани ва нужер хьулги къинчІони. Жиндие хъулухъалъе дун – Павел – вукІараб гьеб Рохалил хабар дуниялалда бижанщиналда лъазабуна. Нижеца МасихІил хІакъалъулъ хабар халкъалда гьоркьоб тІибитІизабулеб буго, цІакъ цІодорго-гІакъилго гьел кантІизарулел руго, гьезие насихІат гьабулеб буго, киналго камилаллъун ва МасихІгун цолъараллъун Аллагьасда цере чІезе.
Выбор основного перевода