Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
Гьеле гьездаса цІунун чІа нуж. РакІалда чІезабе лъабго соналъ дица къасиги къадги беразул магІу тІун гІодилаго нужеда гьаранщинабги малъанщинабги. Цинги, дида бицана нужер гьениб мажусиязулгицин гьечІебгІадаб инжитаб иш лъугьун бугилан – цо чи жиндирго бесдал эбелалда аскІов вегулев вугилан. Дир кагътица нуж пашманлъизарун ратаниги, гьанже дир ракІбухІун гьечІо гьеб хъваялдаса. Доб мехалъ ракІбухІун букІараб батаниги, дида бихьана гьеб кагътица нуж цо дагьабго заманаялъгІаги пашманлъизарураллъи. Амма гьанже гьелдаса вохун вуго. Нуж пашманлъиялдаса гуроха дун вохун вугев, гьелдалъун нуж кантІиялдасайин. Гьеб пашманлъи Аллагьасдасан бугелъул, нижедасан нужее щибго зарал-зиян ккун гьечІогури. Дица доб кагъат нужехъе хъван букІаниги, гьеб хъван букІинчІо жиндие зарал гьабурав чи яги жинца зарал гьабурав чи сабаблъун. Гьеб хъван букІана Аллагьасда цебе нижедехун кинаб рокьи нужер бугебали нужедаго бичІчІизе.
Выбор основного перевода