Щиб нужее бокьилеб? Дун цІалги босун вачІинейищ, яги нужеде бугеб рокьиялъул цІураб хІеренаб рагІигун вачІинейищ?
Гьанжеги нужехъе вачІараб мехалъ нуж сабаблъун дир Аллагьас дун гІодовегІанлъизе гьавилиланги хІинкъун вуго. Гьебмехалда нужер гІемерисезда хадуб (хваразда хадуб гІадин) магІу гьабизе ккела дица. Гьел рукІина адаб гьечІолъи, пасалъи, хъахІбалъи гІадинал мунагьал гьаруниги, жал кантІичІел, гьел рехун течІел гІадамал.