Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
Ниж сундаса чІухІизе кколел? Гьаб дуниялалда ва хасго нужеда хурхарал ишазулъ ниж хьвадулел руго Аллагьасдасан рещтІараб ракІбацІцІалъигун ва муъминлъигун. Намус бацІцІадго абулеб буго нижеца гьедин. ГІадамазул гІакъиллъиялъ малъун гуро ниж гьедин хьвадулел ругел, Аллагьасул баркаталдалъунин. Нижеца рехун тана гІадамазда рихьизе, рагІизе нечарал ишал, хІилла-макруялдалъун щивниги гуккуларо, Аллагьасул рагІиялъул бакІалда гьерсал рекъезаруларо. Рагьун киназего хІакъабщиналъул бицунаго, ниж Аллагьасда цере чІола, ниж щалали ва кинал чагІияли халкъалда рихьизе. КІалалда гьунар бугес вагІза-насихІат гьабе, хъулухъалъе гьунар бугес, Аллагьас жиндие кьураб къуват-жаналда рекъон, хъулухъ гьабе, – нужеца гьабулебщиналъухъ гІадамаз, абадул абадиялъ жиндир реццги къудратги тІаса ине гьечІев ГІиса МасихІил цІарги рехсон, Аллагьасе рецц гьабизе. Амин! Гьелдалъун бижула гІаданиб нах гьечІел ва хІакъабщинаб жидехъа биларал гІадамазул нахъаса къотІи гьечІеб къец. Гьезда ккола божи-иман бугин жалго бечелъиялъе баккараб ицц. Гьезул кІал къазе ккола. Жидерго инжитаб хъантІиялъ гьез тІубарал хъизанал, малъизе бегьуларебги малъун, руссине-сверизе гьарулел ругелъул.
Выбор основного перевода