Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
2. Фессалоникийцам
1 2 3
Параллельные места
Дун нужеда цІакъ божун вугевха! Дун нужедаса цІакъ чІухІун вугевха! Гьаб кинабго гІазаб-гІакъуба бугониги, дун цІакъ чІаголъиялда вуго! ЦІун тІасан чвахулеб рохелги буго рекІелъ! Дица нуж гьесие цІакъ реццун рукІана, гьеб сабаблъун нечезе ккечІо дун. Нижеца нужеда бицарабщинаб битІараб букІарабго гІадин, нуж реццун нижеца Титида бицун букІарабги битІараб батана. Аллагьасде ва ГІиса МасихІиде иман лъуразул Ягьудиялда ругел жамагІатазе ккараб ккана, вацал, нужееги, Ягьудиялъул жугьутІаз гьезие кьураб гІадинаб гІазаб-гІакъуба кьуна нужееги нужерго халкъалъ. Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІ вачІараб мехалъ, гьесда цебе, нуж гурони, щал нижее кколел нижер хьуллъунги, рохеллъунги ва рецц-бакъалъул тажлъунги? Гьардарал гурищилан абула нилъеца гьединаб гІемераб жо хІехьезе ккарал гІадамазул рахъалъ. Аюб аварагас хІехьарабщиналъул хІакъалъулъ рагІанагури нужеда, ахирги Аллагьас кин гьеб бецІарабалиги лъала нужеда. ГурхІулевги рахІмуявги вугелъул Аллагь. Дун вуго, ГІисадехун цолъун, нужеда цадахъ гІазаб-гІакъуба хІехьезе сабру бугев ва гьелдалъун Аллагьасул парччахІлъи насиблъизе бугев нужер вац Иоанн. Аллагьасул рагІи тІибитІизабуралъухъ ва ГІиса МасихІие нугІлъи гьабуралъухъ тамихІалъе дун витІана Патмос абулеб чІинкІиллъиялде.
2. Фессалоникийцам
1 2 3
Выбор основного перевода