Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
2. Фессалоникийцам
1 2 3
Параллельные места
Гьеб къо тІаде бачІине бугелъул тІолабго гьаб ракьалда тІад бугеб кинабго махлукъаталде! Гьединлъидал рорчІуда чІа! Кинабго гьеб ккезе бугелдаса хвасарлъизеги ва къиямасеб къоялъ ГІадамил Лъимада цере чІезе кІвезеги кидаго гьари-дугІаялда рукІа. Нилъ лъимал кколел ругони, ирсилаллъунги ккола. МасихІидаго цадахъ нилъги рукІуна ирсилаллъун. Гьес хІехьараб гІазаб-гІакъубаялъул бутІа щвани, гьесул кІодолъиялъул бутІаги щвела нилъее. Тушбабаздехун кидаго бахІарчилъи бихьизабе. Гьеб гьезие буго хвалде иналъул гІаламат, нужее буго тархъанлъиялъул гІаламат. Аллагьасдасанлъидал гьеб бачІунеб бугеб! Гьединго нужеда лъала, нуж жиндирго ПарччахІлъиялъулги машгьурлъиялъулги бутІа босизе ахІарав Аллагь разилъиледухъ хьвадейилан, инсуца васасда гІадин, нужер щивасда нижеца бицараблъи, гьарараблъи, ракІгьесизабураблъи. Аллагьасде ва ГІиса МасихІиде иман лъуразул Ягьудиялда ругел жамагІатазе ккараб ккана, вацал, нужееги, Ягьудиялъул жугьутІаз гьезие кьураб гІадинаб гІазаб-гІакъуба кьуна нужееги нужерго халкъалъ. Цебесеб заман ракІалде щвезабе: Аллагьасул Нур нужеда тІад къалъарал къоязда гІемераб гІазаб-гІакъуба баччана нужеца. Цо заман букІана нуж халкъалда цере рачун инжит-хІакъир гьарулеб. Цоги заман букІана гьедин гІазабалда ругезул нужеца тІалаб гьабулеб.
2. Фессалоникийцам
1 2 3
Выбор основного перевода