РецІел босизейилан лъугьунге, дир хириял. Аллагьасул ццин бахъине биччанте гьединал гІадамазда. ТІухьдузда хъван буго: «РецІел Дихъ буго, Дица бецІула», – ян.
Нужеда лъай квешлъи гьабуразе тамихІ букІине бугеблъи, – квешал ишазухъ киналго гІадамазе тамихІ цого къагІидаялъ гьабизе буго.
Кутакаб гьаракьалдалъун гьез ахІулеб букІана: «ХІакъав ва Мукъадасав БетІергьан, кидалъагІанха гьаб ракьалда ругел гІадамал дуца тамихІ гьабичІого ва нижер бидухъ къисас босичІого тун ругел?»