Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
2. Фессалоникийцам
1 2 3
Параллельные места
Нилъер Эмен – Аллагьасул ва ТІадегІанав ГІиса МасихІил баркатги саламги лъеги Рималда ругел киналго Аллагьасе рокьулел гІадамазда, иман лъуразул агьлулъун лъугьине Аллагьас тІаса рищаразда! Нилъер Эмен – Аллагьасулги ТІадегІанав ГІиса МасихІилги цІоб ва салам лъеги нужеда. божи-иманалдалъун унго-унголъунги дие васлъун лъугьарав Тимофейиде. Эмен – Аллагьасдасан ва нилъер ТІадегІанав МасихІ ГІисадасан рекъел, баркат ва гурхІел насиблъаги дуе! ГІиса МасихІил чапар Пётрил рахъалдасан Понт, Галатия, Каппадокия, Асия ва Битиния улкабазда чияр халкъазда гьоркьор рикьа-риххун ругезде салам. Хъвараб къадаралда рекъон Эмен – Аллагьас нуж тІаса рищана. Гьесул РухІалъ нуж жиндирго халкълъун лъугьинаруна, жиндирго биялъ нуж рацІцІалъизарурав ГІиса МасихІиде мутІигІлъизе. Нужеда цІикІкІараб баркат лъеги ва сах-саламат хутІаги.
2. Фессалоникийцам
1 2 3
Выбор основного перевода