КвегІаб рахъалда ругезда абила гьес гьебмехалъ: «Дида аскІоса нахъе а, нагІана кьураб агьлу! Илбисалъеги гьелъул рахъ ккурал малаикзабазеги къачІан бугеб абадияб цІадулъе а.
Гьединазе букІина абадияб тамихІ, ритІухълъаразе букІина абадияб гІумру!
Гьезул ахир – жужахІ буго, гьезул «аллагь» – чехь буго. Гьел чІухІулел руго жидерго инжитлъиялдаса. Дуниялалъул гурони пикру гьабуларо гьез.
Гьеле гьебмехалъ загьирлъила дов кІудияб квешлъи гьабизе бугев чи. ТІадегІанав ГІисаца тІаде пун иш лъугІизабила гьесул, ГІиса вачІиналъул кІодолъиялъ хвезавила гьев.