Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5
Параллельные места
Къурбаналъе жоги бачун, къурбаналъул гьан лъолеб бакІалде унаго, дуда ракІалде щвани дуца вацасул ццин бахъинабун букІараблъи, дурго къурбанги гьеб бакІалда тун, мун а дов вацасулгун рекъел гьабизе, цинги нахъвуссун вачІун хадуб хъве дуца къурбан. ДагІбадулас вачун, судалде унаго, нухдаго рекъел-бакъалдалъун гьев тІаса вихьизавизе гІедегІе. Гурони, гьес мун судиясухъе щвезавила, судияс гІеласухъе кьела, цинги гвандиниве рехила. ХІакълъун абулеб буго дица дуда: дур ахирисеб шагьи-пара лъугІичІого, гьениса къватІивеги ворчІиларо. Росас лъади бусада жиндасаго рикІкІалъизайизе бегьуларо, лъадиялъ росги бегьуларо. Лъадалъ ччун рахъунги ва рагІудалъунги гьел рацІцІад гьаризе жинца рухІ кьурал иман лъуразул агьлу МасихІие бокьулеб гІадин, росабазе лъудбиги рокьа. Росабазе лъудби рокье ва гьездехун хъачІлъуге. нужер щивав чияс чІужуялдехун ракІбацІцІалъиги намусги цІунизе,
Выбор основного перевода