Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5
Параллельные места
Лъида кІвелеб гьезие тамихІалъе хІукму гьабизе? Лъиданиги кІвеларо! МасихІ ГІиса хвана, хваралъуса вахъана ва Аллагьасул кваранаб рахъалда гІодов чІун вуго, нилъер рахъккун кІалъалев. Дида ракІчІун лъала я гІумруялда, я хвалида, я малаикзабазда, я шайтІабазда, я гьаб заманаялъул къуваталда, я бачІунеб заманаялъул къуваталда, я цогидаб къуваталда, Гьебго къуваталъин Аллагьас ГІиса хваралъуса вахъинавурав ва зобалазда жиндирго кваранаб рахъалда гІодов чІезавурав. Тахида ругелги, кверщел бугелги, хІакимзабилъун ругелги, ханзабилъун ругелги рухІаздаса тІадегІанлъизавуна Аллагьас гьев. Гьаб дуниялалда ругелги, хадусеб дуниялалда рукІине ругелги киналго цІараздаса тІадегІанаб кьуна гьесие цІарги.
Выбор основного перевода