Божи-иман рекІелъ букІиндалин, жеги рихьизе рес гьечІел лъугьа-бахъинал ккезе ругилан лъазабураб мехалъ, НухІ авараг Аллагьасухъ гІенеккарав ва жиндирго рукъалъул агьлу хвасарлъизе гама гьабураб. НухІил божи-иманалдалъун загьирлъана дуниял-гІаламалъулго гІайиб, живгойин абуни Аллагьасда цеве ритІухълъана. Божи-иманалдалъун насиблъана гьесие гьеб.
РитІухълъи тІибитІизабизе витІарав НухІги ва гьесда цадахъ анкьго чиги хутІизегІан, цогидал гІадамаздаги гурхІичІо Аллагь, мунагь-хІакъалъул агьлуялде тІупан тІураб мехалда.