Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5
Параллельные места
Гьев цо нухалда хвана, мунагьалъе хвана гьев. Гьанже гьев чІаго вуго, Аллагьасда цеве чІаго вуго. ХІакъикъаталдаги загІипав вукІана гьев хъанчида ван вугеб мехалъ, амма Аллагьасул къудраталъ чІаголъизавуна. Гьесде цолъарал нижги загІипал руго, амма Аллагьасул къудраталдалъун нужеда гъорлъ нижги гьесда цадахъ чІаго рукІина. Гьединлъидал гьесдалъун цого РухІалъул цІурал нилъее (жугьутІазеги цогидал халкъазеги) рес щвана Инсухъе ине. Гьевгун цолъун ва гьесде иманги лъун, хІинкъичІого ва ракІчІун хьвадулел руго нилъ Аллагьасда цере. Гьединго МасихІицаги цохІо нухалъ къурбанлъун гьавуна живго, гІемеразул мунагьал чуризелъун. ГІадамал мунагьаздаса рацІцІад гьаризе гуро гьев кІиабизе вачІунев, жив вачІиналъухъ ралагьун чІарал чагІи хвасар гьаризейин. ГІиса МасихІица Аллагьасул амру тІубазабидал, нилъ киналго мунагьаздаса рацІцІалъана, киназего гІоло цохІо нухалъ гьес жиндирго черх къурбанлъун гьаби сабаблъун. Нужее гІоло МасихІица гІазаб-гІакъубаги хІехьедал, нуж нахърилълъине мисалги бихьизабидал, гьесул нухдасан ине ккола нуж. Жиндир черхалъ гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккараб мехалда МасихІил рукІарал гІадинал пикрабаз нужерго ракІал къвакІизаре, – черхалъ гІазаб-гІакъуба баччизе ккарас мунагьазде мугъ рехулелъулха, Кинабгоги рижиялъе гІадин, жидееги суд гьабун букІарал хвараздаги Рохалил хабар лъазабуна, хварал чагІигицин, Аллагь гІадин, хвел гьечІеллъун лъугьине.
Выбор основного перевода