Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5
Параллельные места
Нужерго квешлъи сабаблъун рухулеб мехалъ гІакъуба хІехьонилан цІар щоларо. Амма лъикІлъи сабаблъун гІазаб-гІакъуба хІехьарасдаса Аллагь разилъула. Нужее гІоло МасихІица гІазаб-гІакъубаги хІехьедал, нуж нахърилълъине мисалги бихьизабидал, гьесул нухдасан ине ккола нуж. Гьесда цохІониги мунагь букІинчІо, гьересиги гьесул кІалдиб батичІо. Инжит-къабихІ гьавулел рагІаби жинда абуниги, инжитаб-къабихІаб рагІи данде рехичІо гьес. ГІазаб-гІакъуба хІехьезе кканиги, бихьилин-рагІилин хІинкъиги кьечІо, ритІухъаб суд гьабулев Аллагьасул кверщаликье кьуна живго. Нилъер мунагьал гьес жиндирго чорхолъ хъанчалда тІаде росун ана, мунагьазе нилъ хвараллъун рукІине, амма ритІухълъиялъе – чІагояллъун хутІизе. Гьесда лъурал ругъназдалъун нилъер чурхдул сахлъана. Гьардарал гурищ нуж, МасихІиде иман лъей сабаблъун инжит-хІакъир гьарулел ругел, Аллагьасдасан рещтІараб къудраталъул рухІ нужелъе лъугьун бугелъулха! Бидуласе, цІогьорасе, яги цогидав такъсирчиясе, ялъуни мацІихъанасе букІунеб тамихІалъул гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккогеги нужер цонигияс. Амма гьеб кинабго христианав вукІин сабаблъун кколеб бугони, намуслъизе ккеларо. МасихІил агьлуялъул вугилан Аллагьасе рецц гьабе. Иман лъуразул агьлуялдасан байбихьун, киназего Аллагьас суд гьабулеб заман тІаде щун буго. Гьес нилъедасан байбихьи гьабулеб бугони, Аллагьасул Рохалил хабаралда божичІезул ахир кинабдай букІина? ТІехьалда буго: «Муъминчиясегицин хвасарлъизе захІмалъулеб мехалда, иман гьечІев мунагьчиясул щибдай ккела?» – ян. Гьединлъидал Аллагьасул къадаралдалъун гІазаб-гІакъубаялда ругез лъикІлъи гьабичІого тоге, нилъ Рижарасул ва РагІи холаресул амруялда разилъун чІа.
Выбор основного перевода