Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5
Параллельные места
Гьардарал гурищ гьел, ритІухъго хьвадунилан гІадамаз гІакъуба кьолеб бугел, – гьезие бугелъул Зобалазул ПарччахІлъи. ГІайиб гьечІого тамихІалда гъоркье ккедал Аллагьги рекІелъ цІунун гІазаб-гІакъуба хІехьарасдаса Гьев разилъула. Нужерго квешлъи сабаблъун рухулеб мехалъ гІакъуба хІехьонилан цІар щоларо. Амма лъикІлъи сабаблъун гІазаб-гІакъуба хІехьарасдаса Аллагь разилъула. Гьардарал гурищ нуж, МасихІиде иман лъей сабаблъун инжит-хІакъир гьарулел ругел, Аллагьасдасан рещтІараб къудраталъул рухІ нужелъе лъугьун бугелъулха! Лъицаниги нужго къосинаризе гурин, дир лъимал: МасихІ ритІухъав вугев гІадин, ритІухъав вукІуна ритІухъабщинаб гьабулевги.
Выбор основного перевода