Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1. Петра
1 2 3 4 5
Параллельные места
Аллагьасул хІукмуги къадарги гьединаб букІиндал, мунапикъазул квераз хъанчида ван, магІал кьабун, чІвазавуна нужеца. Жеги дуниял бижилелдего тІаса рищана Аллагьас нилъ, МасихІиде цолъун, жиндирго халкълъун лъугьине ва, рокьи рекІелъ цІунун, жинда цере рацІцІадго ва гІайиб-хатІа кколаредухъ хьвадизе. Гьедин букІинчІебани, гьаб дуниял бижаралдаса нахъего, живго къурбанлъун гьавун, МасихІица чанги нухалъ хІехьезе ккелаан гІазаб-гІакъуба. Гьанже, гьаб дуниял ахирлъулеб бугеб заманалда, гьев цохІо нухалъ вачІана, киназего гІоло живго къурбанлъун гьавун, гьезул мунагьал чуризе.
1. Петра
1 2 3 4 5
Выбор основного перевода