Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1. Петра
1 2 3 4 5
Параллельные места
Нуж ретІа-къан къачІан рукІа, рекІун чирахъалги те. Берталъе ун тІадвуссун вачІарав рукъалъул бетІергьанас кавуда тункидал, гьебсагІат гьев жаниве виччазе хІадурго чІарал рагьтІателал гІадин рукІа нуж. Гьесул баркаталъул гьарзалъиялъин баркаталда хадубги баркат щвараб нижее. ХІакъабщиналъул рачелги борчун, ритІухълъиялъул къолденги ретІун, къвакІун чІа нуж! Гьединлъидал, цогидал гІадамал гІадин, кьижиларо, рорчІуда рукІина, ригьун рукІина нилъ. ТІасаги рищун, гьес нилъ хвасар гьаруна ва рацІцІалъейилан лъазабуна, нилъер ишазухъ балагьун гуреб, гьесие бокьидал ва нилъеда гурхІидал. МасихІ ГІисадалъун гьеб баркат нилъее Аллагьас кьун букІана дуниял бижилелдего. Гьанже гьеб загьирлъана нилъ хвасар гьарурав МасихІ ГІиса вачІиналдалъун. Гьес хвел хвезабуна ва Рохалил хабар рещтІарабго гІаламалъе абадияб гІумруги загьирлъизабуна.
1. Петра
1 2 3 4 5
Выбор основного перевода