Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1. Петра
1 2 3 4 5
Параллельные места
Гьел руго жеги дуниялалде рачІиналдего Аллагьас тІаса рищун рукІарал гІадамал. ГІемерал вацазда гьоркьов гьесул Вас тІоцевесевлъун лъугьинелъун, гьесул Васасда релълъарал лъугьине цогидаздаса ратІа гьарунги рукІана гьел гІадамал. Нужеда гьоркьорги рукІана гьединал гІадамал. Амма нуж гьанже чурун руго, рацІцІалъизарун руго, ТІадегІанав ГІиса МасихІил цІаралдалъун ва нилъер Аллагьасул РухІалдалъун ритІухълъизарун руго! ТІадегІанасе рокьулел нуж сабаблъун ккун нижеца кидаго Аллагьасе рецц гьабула, вацал, тІоцере хвасарлъулеллъун Аллагьас нуж тІаса рищун ругелъул. Нуж хвасарлъила – Илагьияб РухІалъ нуж рацІцІалъизаридал ва хІакъабщиналда божидал. ракІ-ракІалъулаб ва щулияб божи-имангун, намусалдаса хъубаб тІанкІги бацІцІад гьабун ва бацІцІадаб лъадаца чурхдулги чурун, нилъ Аллагьасде гІагарлъулел ругел. ГІагарлъун руго цІияб КъотІиялъул гьоркьохъанлъун лъугьарав ГІисаде, ракьалде тІураб гьесул биялде. Гьабилил биялъалдасаги цІикІкІараб баркат рещтІинабилин рагІи кьолеб буго гьелъ. Амма ГІизраилалъул халкъазда гьоркьор гьересиаварагзаби рукІаралго гІадин, нужеда гьоркьорги рукІине руго гьересинасихІатчагІи. Гьез нужехъе балъгого росун рачІина кина-щинабго щущазабулел гьерсал. Гьез инкар гьабизе буго жалго тархъан гьарурав ТІадегІанав ПарччахІасдаса, гІасияб гІажал жидедаго тІаде хехгого цІазе буго.
1. Петра
1 2 3 4 5
Выбор основного перевода