Гьединаб гІазаб-гІакъуба гурищ МасихІица хІехьезе кколеб букІараб, гьедин гурищ МасихІ машгьурлъизе кколев вукІарав?
Нужго гІадин, иман лъуразул агьлуялъул бетІерлъун вугев, МасихІица хІехьараб гІазаб-гІакъубаги бихьарав ва загьирлъизе бугеб къудраталъул ирсги насиблъулев дица нужер агьлуялъул бутІрузда гьарулеб буго:
Гьесул хІатІазда цеве кІалагъоркье речІчІун, гьесие сужда гьабизехъин букІана дица. Гьес дида абуна: «Гьеб бегьуларебха! ГІисае нугІлъи гьабулел дур вацазулги дурги гьалмагъ вуго дун. Аллагьасе гьабе дуца сужда. ГІисае нугІлъи гьабиги Аллагьасул рагІудасан бачІараб бугебха!»