Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1. Петра
1 2 3 4 5
Параллельные места
Цойидасанго зобалаздасан малаикзабазул бо рещтІана гьев малаикасда аскІоб. Аллагьасе рецц гьабулаго гьез ахІулеб букІана: Илагьияб РухІалъ цІуна гьел киналго ва, РухІалъ хІалкІолъи кьун, цогидал мацІазда кІалъазе лъугьана. Гьев авараг вукІиндал, гьесда лъалаан Аллагьас гьесие гьедун къотІи гьабун букІин гьесул кьибилалда вижарав цояв жиндир тахида гІодов чІезавилилан. Тахида ругелги кверщел бугелги зобалазул рухІазда гьанже иман лъуразул агьлуялдалъун лъала батІи-батІияб куцалда загьирлъараб Аллагьасул гІакъиллъи. БатІи-батІиял мугІжизаталги гІаламаталги рихьизарун ва батІи-батІияб къагІидаялъ Илагьияб РухІги жиндиего бокьухъе гІадамазде рещтІинабун, Аллагьас жинцагоги нугІлъи гьабуна гьелъие. Нилъ Аллагьасде гІагарлъизе киназего гІоло цо нухалъ хведалха МасихІ ГІиса, – мунагьал ругезе гІоло хведалха мунагьго гьечІев. Гьесул черх чІвана, амма РухІалъ гьев цІидасан чІаголъизавуна.
1. Петра
1 2 3 4 5
Выбор основного перевода