Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Гьезда ГІисаца абуна: – Ригьин гьабичІого тезе Аллагьас бажари кьураз гурони къабул гьаруларо гьел рагІаби. Щаян абуни, цо-цо ругелъулха эбелалъул ургьирго ахтаяллъун рижарал; цогидалал ахтаяллъун гІадамаз лъугьинарула; Зобалазул ПарччахІлъиялъе гІоло лъудби рачинчІого чІаралги руго. Къабул гьабизе бажарулес къабул гьабе гьеб. Къороллъун хутІарал бихьиназдаги руччабаздаги дица абилаан, дун гІадин, ялгъузго рукІайилан. Нижер ихтияр гьечІебищ, цогидал чапарзабаз гІадин, ТІадегІанав ГІисал вацаз яги Пётрица гІадин, нилъер диналъул яцаздасан лъади ячине ва гьейгун цадахъ сапаралде ине?
Выбор основного перевода