Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Аллагьасул рагІабийилан гьерсалги рицун, цогидал гІемерисел гІадин гІиси-бикъинаб дармиде машгъуллъуларелъулха ниж! Аллагьасул чапарзаби ругелъул, Аллагьасда рагІулеб бугеб гІадин, МасихІидеги цолъун, ракІбацІцІадго бицуна нижеца Рохалил хабар. Амру гуро дица гьабулеб бугеб. Цогидазул хІаракаталъулги бицун, дица халгьабулеб буго вацаздехун нужер рокьи унго-унгояб бугищали. Гьеб ишалъул рахъалъ дица нужее гьадинаб гІакълу кьела: гъоркьиса байбихьараб хІалтІи гьанже рагІалде бахъинабун лъикІ нужеца. Гьеб тІоцебе байбихьарал чагІиги нуж руго, гьеб гьабизе тІоцебе бокьарал чагІиги нуж руго. Рохалил хабар тІибитІизабизе мустахІикъал гІадамаллъун Аллагьас ниж рикІкІиндалин нижер рагІаби гьединал ругел. ГІадамал разилъи гуреб, нижер ракІазул хІалбихьулев Аллагь разилъи буго нижер мурад. Дие къуват кьурав нилъер ТІадегІанав МасихІ ГІисае рецц! Гьес дун божизе бегьулевлъун рикІкІана ва жиндие хъулухъ гьабизе тІадкъана дида – цебе кидаялиго жив какарасда, жив хІакъир гьавун, хадув лъугьарасда ва жив къварид гьавурасда. Доб кинабго дица дирго лъавукълъиялдалъун ва божунгутІиялдалъун гьабулеб букІиндал, гурхІана дида Аллагь. Аллагьасе бокьана дида – бищунго цІикІкІун мунагьал гьарурав чиясда – МасихІ ГІисаца цІоб лъезе. Бокьана гьесде иман лъун, цІияб гІумру насиблъаразе дун мисаллъун лъугьине. Гьединлъидалин Аллагь дида гурхІарав.
Выбор основного перевода