Ягьудиялдаса цо киналалиго гІадамал рачІун гьез вацазда абуна, Мусал къануналда рекъон сунат гьабичІони, нуж хвасарлъуларилан.
Павелги Барнабаги гьезда тІадрекъолел рукІинчІо. КІудияб дагІба-къец ккана гьезда гьоркьоб. Гьединлъидал Павелги, Барнабаги ва цо чанго чиги ритІана Иерусалималда ругел чапарзабазухъеги диниял бутІрузухъеги гьеб суал тІубазабизе.
Гьале дица, Павелица, абулеб буго нужеда: нужеца гьанже сунат гьабуни, нужее МасихІидасан щибго пайда букІине гьечІо.