Гьезул цо-цоял гІадин, БетІергьанасул хІалбихьизе лъугьинарин нилъ. Гьел хвана борхьаз хІанчІун.
ГІадамазда гьоркьоб букІунеб гурони гІазаб-балагь рещтІинчІо нужеде. Аллагьас жиндирго къотІи хвезабуларо – хІехьезе кІолареб гІазаб-балагь биччаларо гьес нужеде. ГІазаб-балагьалда цадахъго гьес нужее бихьизабила гьеб хІехьезе ресги.
Дица гьедин гьабула, илбисалъ нилъго гуккунгутІизе, – гьелъул къасдал лъаларел чагІи гурелъулха нилъ.