Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
ХІакъабщинаб лъала нужеда, ва гьелъ нуж тархъан гьарила. Васас тархъан гьаруни, хІакъикъаталдаги тархъанлъила нуж. Нуж мунагьалдаса тархъанлъана ва ритІухълъиялъул лагъзаллъун лъугьана. Амма гьанже мунагьалдаса тархъанлъараб ва Аллагьасул лагъзаллъун лъугьараб мехалда нужее ккараб пайдаялъ хІалалаб-бацІцІадаб гІумруялде рачуна. Ва ахиралда абадияб гІумруялдеги рачуна! ХІелхІелчагІаз гІадин, рихьдаего гьабуге хъулухъ, Аллагьасул амру тІубазабулел МасихІил лагъзадерица гІадин, ракІ-ракІалъго гьабе. Гьанже гьев гІадатияв лагъ гуро, лагъасдасаги гІемерго тІадегІанав чи вуго, хасго дие ва дагьавги цІакъ дуеги вокьулев вац вуго. Лагълъун вугони щиб гьев, ТІадегІанав МасихІида цеве дур вац вугелъул. Эркенаб гІумру гьабе нужеца, амма гьеб эркенлъи квешлъиялъе хІалтІизабуге, – Аллагьасул лагъзаллъун рукІа.
Выбор основного перевода