Реччеялъул цо гороги босун, Аллагьасул цІар рехсани, гьебги жубан буцарабщинабги Аллагьасе гІололъун букІуна. ГъотІол кьибил хІалалаб бугони, гІаркьалабиги хІалалал рукІуна.
Жеги дуниял бижилелдего тІаса рищана Аллагьас нилъ, МасихІиде цолъун, жиндирго халкълъун лъугьине ва, рокьи рекІелъ цІунун, жинда цере рацІцІадго ва гІайиб-хатІа кколаредухъ хьвадизе.