Нуж цІидасан рижана, лъугІун-тІагІун унеб хьоналдасан гурел, хвел гьечІеб хьоналдасан. Аллагьасул абадияб ва нилъее чІаголъи кьолеб каламалдалъун рижана.
Аллагьасдасан лъугьарас мунагь гьабулареблъи лъала нилъеда, Аллагьасул васас гьев цІунулелъул! Илбисалдаги кІоларо гьесда хъатІизе.