Гьаре нужеца – нужее кьечІого толаро; балагье нужеца – батичІого хутІуларо, нужеца нуцІа бухе – гьеб рагьичІого толаро.
Божи-имангун нужеца дугІадулъ гьаранщинаб щвезе буго нужее.
Гьединлъидалин дица нужеда абулеб бугеб: дугІадулъ нужеца Аллагьасда щиб гьарулеб бугониги, нуж божа гьес нужер гьари тІубан бугилан. ТІубазеги бугебха гьеб!
Дица тІубазабила, дир цІар рехсон нужеца щиб гьараниги, – Васасдалъун Эмен машгьурлъизе.
Нуж дилъ ругони, дир рагІабиги нужелъ хутІани, гьебмехалъ нужеца гьарарабщинаб лъугьина.