Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5
Параллельные места
Нужеде рещтІараб гьеб РухІалъ хІинкъи кьоларо ва лагълъи гьабизе тІамуларо. Нужехъе рещтІана Аллагьасул лъималлъун нуж лъугьинарулеб РухІ. Гьелъин нуж тІамулел: «Абба, дир эмен!» – абун ахІизе. Нилъ лъимал кколел ругони, ирсилаллъунги ккола. МасихІидаго цадахъ нилъги рукІуна ирсилаллъун. Гьес хІехьараб гІазаб-гІакъубаялъул бутІа щвани, гьесул кІодолъиялъул бутІаги щвела нилъее. Пардавалъ гьумер бахчичІого, матІуялъуре гІадин, ралагьула ниж БетІергьанасул гвангъараб Нуралъухъ. Нижелъ гьеб Нур дагь-дагьккун гвангъидал, нижги лъугьуна гьесул сипатлъун. Гьеб кинабгоги лъугьуна жинда РухІилан абулев БетІергьанасдасан. Гьес нилъер загІипаб ва хвалие мутІигІлъулеб черх хиса-сверизабила. Киналдаго тІад кверщел гьабизе гьесие кьураб къудраталдалъун МасихІица гьеб релълъинабила Аллагьас машгьурлъизабураб жиндирго черхалда. Амма МасихІ дуниялалъе загьирлъизе вуго. Гьев вуго нужер гІумру – гьединлъидал гьев загьирлъаравго, гьесул машгьурлъи щвела нужееги. Гьес нилъее сайигъат гьабуна жинца рагІи кьун букІараб кІудияб ва хирияб хазина, – гьелъул кумекалдалъун гьаб дуниялалда ругел гІадамал пасалъиялде ва хвалде рачунел къасдаздаса цІунун, нужее илагьиябщиналъул бутІа щвезе. Гьанже, дир лъимал, МасихІгун цолъун рукІа, гьев рещтІараб мехалда хІинкъичІого рукІине ва гьев вачІаравго намуслъун лъутизе ккечІого рукІине.
Выбор основного перевода