Пилатица абуна: – Кин бугониги мун ПарччахІ рагІулаха. Уйищ? – Дуца абулеб бугоха дун ПарччахІ вугилан. Дун гьавуна ва гьаб дуниялалде вачІана хІакъабщиналъе нугІлъи гьабизе. ХІакъабщинаб бокьулев кинавго чиясда рагІула дир гьаракь.
ХІакъабщинаб нужеда лъаларилан гуро дица нужехъе гьаб хъвалеб бугеб, хъвалеб буго нужеда гьеб хІакъабщинабги лъалелъул ва кинаб букІаниги гьереси гьелдасан бижулареблъиги лъалелъул.