Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5
Параллельные места
Божи-иманалдалъун ритІухълъизарун ругелъул, нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІидалъун Аллагьгунги рекъана нилъ. Таваккалго гІагарлъилин баркат рещтІинабулев Аллагьасул тахалде, – хІажатаб мехалда гьес нилъеда баркатги цІобги лъезе. ракІ-ракІалъулаб ва щулияб божи-имангун, намусалдаса хъубаб тІанкІги бацІцІад гьабун ва бацІцІадаб лъадаца чурхдулги чурун, нилъ Аллагьасде гІагарлъулел ругел. Гьанже, дир лъимал, МасихІгун цолъун рукІа, гьев рещтІараб мехалда хІинкъичІого рукІине ва гьев вачІаравго намуслъун лъутизе ккечІого рукІине. Аллагьасда цебе нилъее хІинкъи гьечІолъи сундалъунха лъалеб? Гьесул изнуялдалъун нилъеца щиб гьараниги, гьесда гьеб рагІула.
Выбор основного перевода