Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5
Параллельные места
Нужеда лъала: некІо рукІарал гІадамазеги Аллагьас амру гьабун букІараблъи: «Чи чІваге!» – ян ва: «Чи чІварав чи судалде вачине вуго», – ян. Дицани нужеда абулеб буго: жиндирго вацасда ццин бахъаравги судалде вачине вуго. Жиндирго вацасда: «Рака! (Вахьна!)» – ян абуравги вачине вуго тІадегІанаб судалде. «ГІабдал!» – ан абуравги жужахІалъул цІадаве ккезе бегьула. Илбис буго нужер эмен. Нужер эменлъун кколеб илбисалъулаб тІубазабулеб буго нужеца. БачІинго сундасан букІараб илбисалъул? Чи чІваялдасан гурищ? РитІухълъиялъул рахъги кквечІо гьелъ, ритІухълъи гьелъулъ жиндилъго гьечІелъул. Гьереси – гьелъул кІалдиб ругьунаб мацІ буго, тІолабго гьересиги гьелдасан бачІараб бугелъул. гьересиаллагьзабазе лагълъи гьаби, сихІручилъи, тушманлъи, дагІба-къец, ракІквешлъи, ццидахин, чІухІун церекІанцІи, цоцазда гьоркьоб рикьи ккезаби, рикьалаби гІуцІи, жахІда, гьекъел-мехтел, пасатго лазат-кеп босизе данделъи ва гьезда релълъаралги. Дица цебеги абун букІана ва гьанжеги лъазабулеб буго нужеда: гьединал ишал гьарулел гІадамазе Аллагьасул ПарччахІлъи насиблъуларо. Амма хІинкъаралги, божи-иманалдаса руссаралги, инжитлъи-хІакъирлъи гьабуралги, чІвадарухъабиги, хъахІбабиги, сихІручагІиги, гьересиаллагьзабазе гІибадат гьабуралги, киналго гьерсихъабиги унеб бакІ буго цІадулги чІабтІилги хІор. Гьеб ккола кІиабилеб хвел.
Выбор основного перевода