Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1. Иоанна
1 2 3 4 5
Параллельные места
кигІан цІакъдай гьел рацІцІалъила МасихІил биялъ. Абадияб Илагьияб РухІалъ малъун, гьес живго кьуна Аллагьасе камилаб къурбанлъун. Гьесул биялъ бацІцІад гьабуна нилъер намус нилъ хвалде рачунеб квешлъиялдаса ва хІакъав Аллагьасе хъулухъ гьабизе нилъее ресги рекъезабуна. ГІайибги мунагьги гьечІеб КьегІер гІадинав МасихІил къиматаб биялдалъун тархъанлъидалха нуж. ва ритІухъав нугІлъунги вугев, хваралъусаги тІоцеве вахъунев дуниялалъулго ханзабазул парччахІ ГІиса МасихІил баркатги саламги лъеги нужеда. Гьесие нилъ рокьула, жиндирго биялдалъун нилъ гьес нилъер мунагьаздаса рацІцІад гьаруна, Дица гьесда абуна: «Дуда лъалаха, бетІерчІахъад!» – ан. Гьес дида абуна: «Гьел рачІун руго кІудияб гІазаб-гІакъубаялдаса. КьагІрил биялъ чурун хадуб хъахІлъана гьезул гІабаби.
1. Иоанна
1 2 3 4 5
Выбор основного перевода