Дица нужехъе хъвана, дир лъимал, Эмен нужеда лъан вугелъул. Дица нужехъе хъвана, умумул, авалалдаго вукІарав нужеда лъан вугелъул. Дица нужехъе хъвана, гІолилал, нуж къуватал ругелъул, Аллагьасул рагІиги нужелъ бугелъул ва илбис къезабизеги кІун бугелъул нужеда.
Аллагьасул Васасда божулесулъ жиндилъго буго гьеб нугІлъи. Аллагьасда божуларев чияс Аллагь гьереси гьавулев вуго, жиндирго Васасул хІакъалъулъ Аллагьас гьабураб нугІлъиялда гьев божичІелъул.
Киданиги гьабуларо! Аллагьас киданиги хвезабуларо жиндирго рагІи, хІатта киналго гІадамал гьерсихъабилъун лъугьанигицин. ТІухьдузда хъван буго: «Щиб Дуца абуниги, гьеб хІакъаб букІина, Дуде гІайиб гІунтІизабурасдасаги Мун бергьина».