Я, дир Эмен, гьал цолъун рукІаги мун дилъ вугев гІадин, – дун дулъ вугев гІадин, гьалги нилъелъ рукІине риччанте, – дун дуца витІун вукІиналда гІалам божизе.
Нижедаго бихьарабги рагІарабги бицинчІого чІезе кІоларо нижеда.
Жиндирго Васгун – нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІгун – цолъизе нуж тІаса рищарав Аллагь ритІухъав вуго.
Авалалдаго нужеда рагІарабщинаб нужелъго цІуне. Авалалдаго рагІарабщинаб нужелъ хутІани, нужги хутІулелха Инсулъги Васасулъги.