Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1. Иоанна
1 2 3 4 5
Параллельные места
БахІарав вуго бахІаралъул бетІергьан, бахІарасул гьудулин абуни бахІарай ячине гьев вачІинегІан чІезе ккола, ва, гьев вачІунев рагІарабго, вохуца холев вукІине ккола. Гьедин гьанже дунги кутакалда вохун вуго гьев вачІиналдаса. Дица гьаб кинабго нужеда бицунеб буго, дир бугеб рохел кидаго нужераблъун хутІизе ва нужер рохел киданиги тІаса камунгутІизе. Дир цІар рехсон нужеца гьанжелъагІан щибниги гьаричІо. Гьанже гьаре нужерго, гьарараб щвела, нужер рохелги тІаса камиларо. Гьаб дица нужехъе хъвалеб буго, дир лъимал, нужеца мунагьал гьаричІого рукІине. Цо лъицаниги мунагь гьабуни, нилъер вуго гьесул рахъалъ Инсул судалда кІалъазе ритІухъав чи – ГІиса МасихІ. Аллагьасул Васасда божулел нужехъе дица гьаб хъвана нужее абадияб гІумру насиблъун бугеблъи лъан букІине. Нужехъе хъвазе жо гІемер букІаниги, гьанже кагъатги щакъиги нахъе лъезе хиял ккана дир. Дир хьул буго нужехъе вачІине ва, цоцазул кІал бихьун, кІалъа-ралъазе. Гьелдалъун нилъер рохелги гьарзалъила.
1. Иоанна
1 2 3 4 5
Выбор основного перевода