Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1. Иоанна
1 2 3 4 5
Параллельные места
Бищунго цебе букІана РагІи. РагІи Аллагьасда аскІоб букІана. РагІи букІана Аллагьлъунги. Бищунго цебе гьеб Аллагьасда аскІоб букІана. Гьелъулъ букІана чІаголъи. Гьеб чІаголъи букІана гІадамазе Нурлъун. РагІи инсанлъун лъугьана, баркаталъул ва хІакъабщиналъул цІурав инсанлъун лъугьун, нижеда цадахъ чІана. Нижеда бихьана гьесул кІодолъи – Инсул цохІо вугев Васасул кІодолъи. ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дир рагІухъ гІенеккарав ва дун витІарав Аллагьасда божарав чиясе абадияб гІумру насиблъула, суд гьабичІого, тамихІ гьечІого ворчІана гьев хваразулъа чІагоязулъе – абадияб гІумруялъулъе. Цинги гьес Фомада абуна: – Бихьея, дур килищ кье дир кверазда ругел ругъназда хъвазе, дур кверги кье дихъе дир хьолбода бугеб ругънада лъезе. Дун чІаго вукІиналда щаклъуге, божа мун гьелда. Нижедаго бихьарабги рагІарабги бицинчІого чІезе кІоларо нижеда. Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІ жиндирго къудратгун тІадвуссине вукІиналъул хІакъалъулъ нужеда бицунаго, нижеца такрар гьаричІо лъицаялиго сихІирго ургъарал гьерсал. Гьале нужехъе хъвалеб буго, умумул, авалалдаго вукІарав нужеда лъан вугелъул. Нужехъеги хъвалеб буго, гІолилал, илбис къезабизе кІун бугелъул нужеда. Дица нужехъе хъвана, дир лъимал, Эмен нужеда лъан вугелъул. Дица нужехъе хъвана, умумул, авалалдаго вукІарав нужеда лъан вугелъул. Дица нужехъе хъвана, гІолилал, нуж къуватал ругелъул, Аллагьасул рагІиги нужелъ бугелъул ва илбис къезабизеги кІун бугелъул нужеда.
1. Иоанна
1 2 3 4 5
Выбор основного перевода