Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Нахъисеб къоялъ ГІиса жиндаго аскІове вачІунев вихьидал, ЯхІяца абуна: – Гьале дов – гьаб гІаламалъул мунагь тІаде босун къурбанлъун лъугьине бугеб Аллагьасул КьегІер. цевесан унев ГІисахъги валагьун, гьес абуна: – Гьале Аллагьасул КьегІер. ГІайибги мунагьги гьечІеб КьегІер гІадинав МасихІил къиматаб биялдалъун тархъанлъидалха нуж. Асия улкаялда ругел иман лъуразул анкьабго жамагІаталде Иоаннил рахъалдасан салам. Жив хІакъав, абадияв, даимав Аллагьасул, гьесул тахалда цеве вугев анкьавго кІудияв малаикасул Доб тахалдасан пири пирхулеб букІана, кутакал гьаркьалги гъугъадиги рагІулеб букІана. Тахалда цебе рекІун букІана анкьго чирахъ – Аллагьасул анкьго кІудияв малаик. Гьелда цебе бацІцІадаб цІорол гІадинаб ралъад бугилан кколеб букІана. Тахалъул ункъабго рахъалда букІана цереги нахъаги гІемерал берал ругеб ункъо рухІчІаголъи.
Выбор основного перевода