Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Тахида гІодов чІарасе, абадул абадиялъ чІагоясе гьел рухІчІаголъабаз рецц гьабула, гьесул къудраталъул бицуна, гьев кІодо гьавула. Гьебго заманалда къоло ункъавго хІаким кІалагъоркье речІчІула тахида гІодов чІарасда цере ва абадул абадиялъ чІагоясе сужда гьабула. Тахалда цере жидерго тажалги лъун, гьез абула: Къоло ункъавго хІакимасги ункъабго рухІчІаголъиялъги кІалагъоркье речІчІун сужда гьабуна тахида тІад гІодов чІарав Аллагьасе. Гьез абуна: «Амин! Гьаллелуя!» – ян. Тахида гІодов чІарас абуна: «Гьале дица кинабго цІидасан бижизабулеб буго», – ян. Цоги гьес дида абуна: «Хъвай – хІакъал ва ритІухъал рагІаби руго гьел».
Выбор основного перевода