Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Илагьияб РухІалъ асар гьабун, гьебсагІатго дида цебе тІамуна гьадинаб сурат. Гьале дида цере руго зобалазул тахги гьелда гІодов чІаравги. БачІун КьагІрица доб кагъат босана тахида гІодов чІарасул кваранаб хъатикьа. Зобалаздаги, ракьалдаги, ралъдадаги ва гьезда жанибги рухІ бугебщиналъ ахІулеб рагІана дида: «Тахида гІодов чІарасе ва КьагІрие абадул абадиялъго баркатги, къадру-къиматги, реццги, къудратги!» МугІруздаги кьурабаздаги абулеб букІана гьез, жидеда тІаде рортун рачІун, жал рахчейин тахида чІарасул бераздасаги КьагІрил ццидадасаги. Кутакаб гьаракьалдалъун ахІулеб буго гьез: «Тахида гІодов чІарав нижер Аллагьасухъ ва КьагІрихъ буго хвасарлъи!» Гьединлъидалин гьел Аллагьасул тахалда цере ругел ва къасиги-къадги гьесул кІалгІаялъуб гьесие тІагІат-гІибадатги гьабулеб бугеб. Тахида чІарас жиндирго чодрокье рачина гьел. Къоло ункъавго хІакимасги ункъабго рухІчІаголъиялъги кІалагъоркье речІчІун сужда гьабуна тахида тІад гІодов чІарав Аллагьасе. Гьез абуна: «Амин! Гьаллелуя!» – ян.
Выбор основного перевода