Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Нахъисеб къоялъ ГІиса жиндаго аскІове вачІунев вихьидал, ЯхІяца абуна: – Гьале дов – гьаб гІаламалъул мунагь тІаде босун къурбанлъун лъугьине бугеб Аллагьасул КьегІер. цевесан унев ГІисахъги валагьун, гьес абуна: – Гьале Аллагьасул КьегІер. Ункъабго рухІчІаголъиялъги хІакимзабазги сверун ккураб тахалда тІад бугоан хъун букІараб гІадинаб цо КьегІер. Гьелъул букІана анкьго лълъарги анкьго берги. Гьелъул магІнаги – Аллагьас тІолабго ракьалде витІарав анкьго кІудияв малаик. Хъун букІараб КьагІрихъ бугеб гІумруялъул тІехьалда дуниял бижараб мехалдаго жидер цІарал хъван рукІинчІел гІадамалги руго гьаб ракьалда. Гьез киназго сужда гьабила жанаваралъе.
Выбор основного перевода