Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ГІисал цІаралда цебе наку чІван сужда гьабила зодор ругезги, ракьалда ругезги ва гъоркьадуниялалда ругезги. ЦохІо гьесие хвел гьечІо, гьев вуго лъиданиги гІагарлъизе кІолареб Нуралъулъ. Гьев лъиданиги вихьичІо ва вихьизе ресги гьечІо. Абадияб реццги цІарги гьесие. Амин. жиндирго Инсул – Аллагьасул кашишзабилъунги лъугьинарун, гьес нилъ жиндирго парччахІлъиялде рачана. Абадул абадиялъ даимлъаги гьесул хІалкІолъиги къудратги! Амин. Илагьияб РухІалъ асар гьабун, гьебсагІатго дида цебе тІамуна гьадинаб сурат. Гьале дида цере руго зобалазул тахги гьелда гІодов чІаравги. Тахида гІодов чІарасе, абадул абадиялъ чІагоясе гьел рухІчІаголъабаз рецц гьабула, гьесул къудраталъул бицуна, гьев кІодо гьавула. Гьебго заманалда Тахида гІодов чІарасдаса кваранидехун дида бихьана кІиябго рахъалда хъвай-хъвагІай бугеб гурараб халатаб кагъат, анкьго мугьру чІван бугоан гьелда. МугІруздаги кьурабаздаги абулеб букІана гьез, жидеда тІаде рортун рачІун, жал рахчейин тахида чІарасул бераздасаги КьагІрил ццидадасаги. Кутакаб гьаракьалдалъун ахІулеб буго гьез: «Тахида гІодов чІарав нижер Аллагьасухъ ва КьагІрихъ буго хвасарлъи!»
Выбор основного перевода