4
Дида рихьана тахбакІал, гьезда тІад гІодор чІун рукІана суд гьабизе тарал гІадамал. ГІисал хІакъалъулъ хабар тІибитІизабунилан ва Аллагьасул рагІи тІубазабунилан бутІрул къотІаразул рухІалги рихьана. Рихьана жанаваралъе ва гьелъул сураталъе сужда гьабичІел, жидер надалда яги кверда гІуж лъечІел гІадамалги. Гьел чІаголъун рукІана, ва гьез ГІисада цадахъ азарго соналъ парччахІлъи гьабулеб букІана.