Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Мунагь гьабурал малаикзабаздагицин гурхІичІо Аллагь: гьес гьел жужахІалъур тІамуна ва Суд гьабулеб къо тІаде щвезегІан бецІлъиялъул рахсаца рухьун тана. Жидее цІан букІараб хІуччдаса церехун арал ва жалго руссараб бакІги рехун тарал малаикзаби гьес абадиял рахсаца рухьун гъора бецІлъуда чІезарун руго, гьезие суд гьабулеб кІудияб къо бачІинегІан. Ва щуабилев малаикас ссуралъубе пуна, ва дида бихьана цо цІва зодиса ракьалде бортулеб. Гьелъухъе кьун букІана тІину гьечІеб кІкІалахъе нух бугеб гъуялъул нуцІил кІул. Ва Илбисиланги ШайтІаниланги цІар лъураб, жинца тІолабго дуниял къосинабулеб кІудияб аздагьо – некІсияб борохь ракьалде рехана ва гьелъие мутІигІал жундулги рехана гьелдаго цадахъ.
Выбор основного перевода