Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Киналго малаикзабигун цадахъ жиндирго хІалкІолъигун ГІадамил Лъимер вачІараб мехалъ, къудраталъул тахида гІодов чІела гьев. Киналго халкъал данделъила гьесда цере гьебмехалъ, ва вехьас чахъабиги цІцІаниги ратІа гьарулел гІадин, цоцаздаса ратІа гьарила. Чахъаби гьес жиндирго кваранаб рахъалда чІезарила, цІцІани квегІаб рахъалда чІезарила. Гьебмехалъ ПарччахІас кваранаб рахъалда ругезда абила: «Ле, дир Инсул баркат лъурал гІадамал, дуниял бижаралдаса нахъего нужее къачІан букІараб ПарччахІлъи босизе рачІа. Щайин абуни, дун вакъун хутІидал – нужеца кваназавуна, къечон хутІидал – гьекъезавуна, сапаралда вукІун, къотІнов хутІидал – рокъове вачун, гьоболлъи гьабуна. ТолохІочон хутІидал – нужеца дие ретІел кьуна; дун унтараб мехалъ – нуж диде раккизе рачІана; дун туснахъалъуве ккедал – нуж дихъе хьвадана». Гьел муъминзабаз абила: «Я, БетІерчІахъад! Вакъун ватун – кида нижеца мун кваназавурав? Къечон ватун – кида гьекъезавурав? КъотІнов ватун – кида нижеца мун рокъове вачарав? ТолохІочон ватун – кида нижеца дуе ретІел кьураб? Унтун яги туснахъалъув ватун – кида ниж духъе рачІарал?» ПарччахІас, гьезие жаваб кьун, абила: «ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дир бищунго гІисинал вацазул цоясениги нужеца гьабурабщинаб, гьеб буго дие гьабураб лъикІлъи». КвегІаб рахъалда ругезда абила гьес гьебмехалъ: «Дида аскІоса нахъе а, нагІана кьураб агьлу! Илбисалъеги гьелъул рахъ ккурал малаикзабазеги къачІан бугеб абадияб цІадулъе а. Дун вакъун хутІидал – кваназавичІо нужеца, къечон хутІидал – гьекъезавичІо. Сапаралда вукІун дун къотІнов хутІидал – рокъове вачун, гьоболлъи гьабичІо нужеца, дун гІицІтолохІоч хутІидал – ретІине ретІел кьечІо, дун унтараб мехалъ ва туснахъалде ккедал – дихъе рачІинчІо нуж». Гьебмехалъ дозги гьесда абила: «Я, БетІерчІахъад! Вакъун хутІун – кида мун нижеда ватарав? Къечон хутІун – кида ватарав? КъотІнов хутІун, яги гІицІтолохІоч хутІун, яги унтун, яги туснахъалде ккун – кида мун нижеда ватарав? Кида нижеца дуе хъулухъ гьабичІеб?» Гьес жаваб кьела: «ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: бищунго гІисиназул цоясениги гьабичІебщинаб, гьеб буго нужеца дие гьабичІого тараб лъикІлъи». Гьединазе букІина абадияб тамихІ, ритІухълъаразе букІина абадияб гІумру! ТІадегІанасул Къо бачІине буго тохлъукьего, цІогьор гІадин. Гьеб Къоялъ, кутакалда гъугъадун, зобал тІубанго тІагІина, дуниялалда бугебщинаб цІа рекІун бухІила. Гьебмехалъ къватІирчІвала ракьалда лъугьарал тІолалго ишал. Аллагьасул Къо бачІиналъухъ – цІа рекІун зобал щущан унеб ва зобалазда ругелщинал цІадулъ риун унеб къо бачІиналъухъ – ралагьун чІун руго нуж, хехго бачІагиян гІашикълъун руго!
Выбор основного перевода