Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьанже дица нужеда ракІалде щвезабулеб буго, вацал, нужеда дица лъазабураб, нужецаги къабул гьабураб, нужер божи-иманалъул щулияб кьучІлъунги бугеб Рохалил хабар. Гьеб дица бихьизабураб нухдаса кьуричІого чІани, нуж хвасарлъула. Гурони – нужер божи-иман гІадада ккола. Сундасаго цебе дица нужеда бицана дицаги къабул гьабураб хабар: Хириял ТІухьдузда хъван букІараб ритІухълъизе, МасихІ хвана нилъер мунагьазе гІоло. Гьев хабалъ лъуна. ТІухьдузда хъван букІараб ритІухълъизе, лъабабилеб къоялъ хваралъуса вахъинавуна. Пётрида вихьана гьев, цинги анцІила кІиявго чапарасдаги вихьана. Цинги гьев цого заманалда вихьана щунусгоялдаса цІикІкІарав вацасдаги, гьезул гІемерисел гьабсагІатги чІаго руго, цо-цоял хвана. Цинги Якъубида вихьана, цинги киналго чапарзабаздаги вихьана. Гьел киназдасаго хадув гьев дидаги вихьана, мех щвечІого гьабураб лъимада гІадин. Дун вуго бищунго гьитІинав чапар. Чапарлъун рикІкІине мустахІикъав гьечІо дун, Аллагьасде иман лъуразул агьлуялъе дица гІазаб кьолеб букІиндалха. Амма Аллагьасул баркаталдалъун гьанже дун вуго гьав нужеда вихьулев чи. ГІадада гуро Аллагьас диде баркат рещтІинабураб. Дол чапарзабаздасаги цІикІкІун хІалтІана дун. Дун гуревха хІалтІарав, дилъ бугеб Аллагьасул баркат хІалтІана. Дол рукІаниги, дун вукІаниги батІалъи щиб, нижеца гьедин бицуна Рохалил хабар, нужги гьелда божана. Гьедин, МасихІ хваралъуса вахъин нижеца лъазабидалги, нужер цо-цоязда кин абизе кІолеб хварал чІаголъизаруларилан? Хварал чІаголъизаруларел ратани, МасихІги хваралъуса вахъинавичІо. МасихІ хваралъуса вахъинавичІев ватани, нижеца бицараб Рохалил хабарги гІадада ккана, нужер божи-иманги гІадада ккана. Гьелда тІадеги, нижеца Аллагьасул хІакъалъулъ гьересинугІлъи гьабураблъунги кколеб буго, – Аллагьас МасихІ хваралъуса вахъинавунилан абулеб мехалъ. Амма хварал чІаголъизаруларел ратани, МасихІги гьес хваралъуса вахъинавичІо. Хварал тІаде рахъинаруларел ратани, МасихІги хваралъуса вахъинавичІо. МасихІ хваралъуса вахъинавичІев ватани, нужер божи-иман гьодораб жо буго, нужги церего гІадин нужерго мунагьазул кверщаликь руго. Гьедин батани, дол МасихІида божун хваралги тІубанго хваралищ? ГІицІго гьаб дуниялалъул чІаголъиялъулъ МасихІиде хьул лъун нилъ хьвадулел ругони, бищунго гурхІизе ккарал чагІи руго нилъ. ХІакъикъаталдаги МасихІ хваралъуса вахъинавуна, – хваралъуса рахъинаризе рукІиналде киназулго хьул лъеялъе гІоло. Цо чи сабаблъун бачІана хвел, цо чи сабаблъун бачІана хваралъуса рахъинариги. Адамил наслу бугелъул киналго хвезе руго, МасихІил наслулъун лъугьиндал, киналго хваралъуса рахъинаризе руго. Киналго иргадал чІаголъила: бищун цеве МасихІ, цинги гьев вачІараб мехалъ – гьесул агьлуги. Цинги дуниял ахирлъила. МасихІица къезарила тахида ругелги, кверщел бугелги, хІакимзабилъун ругелги – киналго рухІал, цинги Эмен – Аллагьасухъе кьела жиндирго парччахІлъи. МасихІица парччахІлъи гьабила Аллагьас гьесул киналго тушбаби гьесул малакь чІезаризегІан. Бищунго ахиралда къезабулеб тушман ккола хвел. ТІухьдузда хъван буго: «Аллагьас кинабго гьесул малакь лъуна». «Киналъулго» бицунаго, гьайгьай, гьелда гьоркьове унаро гьеб кинабго МасихІил малакь лъурав Аллагь. Кинабго жиндир кверщаликье ккараб мехалъ, живго Васги вукІина гьеб кинабго жиндир малакь лъурасул кверщаликь. Гьебмехалда киналъулго кверщел Аллагьасухъ букІин бихьила. Гьеб гьереси букІарабани, хваразе гІологи гІадамал лъадалъ ччун щай рахъилел рукІарал? Хварал чІаголъуларел ратани, гьезие гІологи гІадамал лъадалъ ччун щай рахъулел? Щай нилъ кидаго хІинкъиялда гъоркь рукІине ккелел? Щибаб къоялъ хвалил хІинкъи буго, вацал, дие. Нилъер ТІадегІанав МасихІ ГІисада цебе нужедаса бугеб чІухІиялхІагийилан гьедизе кІвела гьедин бугилан. Эфесалда ругел гьал жанаваралгун гІадамазул къагІидаялъ вагъиялдасан дие бугеб пайда щиб, дирго напсалъул пикруялда вугони? Хварал чІаголъулел ратичІони, «рачІа кваназе-гьекъезе, метер нилъ хвезе ругин». Нужго гуккизе чІоге. Квешазда аскІоре къани, лъикІаб гІамалалдаса ратІалъула. КантІе, тІокІаб мунагьги гьабуге. Нужер цо-цоязда Аллагь лъаларо. Дица гьеб абулеб буго нуж намуслъизе. Амма цо лъицаниги гьикъизе бегьила хварал кин чІаголъулелилан. Кинаб черхгун гьел тІаде рахъунелилан. ГІабдал вуго гьев. Дуца ракьулъ мугь чІола, амма цин жибго хвечІони, гьеб тІаде баккуларо. Дуца ракьулъ чІолеб жо, ролъул букІа яги цогидалъул букІа, гІицІаб мугь буго, гьелдасан лъугьунеб «черх» гуро гьеб. Аллагьас кьола гьелъие жинцаго тІаса бищараб черх – хьодул щибаб тайпаялъе батІи-батІияб. Киналго чурхдул релълъарал гьечІо: гІадамазул батІиял руго, хІайваназул батІиял руго, хІанчІазул батІиял руго, ччугІбузул батІиял руго. Руго зобалазулал чурхдул, руго ракьалъулалги. Зобалазулал чурхдузул жидерго берцинлъи буго, ракьалъулал чурхдузулги жидерго берцинлъи буго. Бакъул батІияб, моцІрол батІияб, цІвабзазул батІияб буго берцинлъи. Щибаб цІваялъулгицин буго жиндирго берцинлъи. Гьелдаго релълъун букІина хварал чІаголъизариги. Ракьулъе кколебщинаб хола, тІаде баккулебщиналъе хвел гьечІо. Ракьулъе сурукъго уна, тІаде берцинго баккула. Ракьулъе загІипго уна, тІаде гучалда баккула. Ракьулъе тІабигІияб черх уна, тІаде рухІалъ цІураб черх баккула. ТІабигІияб черхги букІуна, рухІалъ цІураб черхги букІуна. ТІухьдузда хъван буго: «ТІоцевесев инсанасда – Адамида рухІ лъуна». Ахирисев Адам – чІаголъи кьолеб РухІлъун лъугьана. РухІалъ цІурабаб бачІунаро тІоцебе, тІабигІияб черх бугебаб бачІуна. Цинги бачІуна рухІалъ цІурабги. ТІоцевесев Адам ракьул хІуралдасан вижана, ракьалдаса вачІана. КІиабилев Адам зобалаздаса вачІана. Ракьалдасан ругелал ракьалдаса вачІарасда релълъуна. Зобалаздасан ругелал зобалаздаса вачІарасда релълъуна. Ракьалдаса вачІарасул сипат-сурат нилъелъ бугеб гІадин, зобалаздаса вачІарасул сипат-суратги букІина нилъелъ. Дица нужеда абулеб буго, вацал, черхалъеги биялъеги Аллагьасул парччахІлъи насиблъуларин, холебалъе холаребаб насиблъуларин. Цо балъголъи рагьила нужее: киналго гуро нилъ холел, амма ахирзаманалда ссур пураб мехалъ, бер къапизегІан заман иналде, хиса-сверула нилъ. Ссур пула ва хварал тІаде рахъинарула. Хвел гьечІеллъун рахъина гьел тІаде. Нилъги хиса-сверила. Цо балъголъи рагьила нужее: киналго гуро нилъ холел, амма ахирзаманалда ссур пураб мехалъ, бер къапизегІан заман иналде, хиса-сверула нилъ. Ссур пула ва хварал тІаде рахъинарула. Хвел гьечІеллъун рахъина гьел тІаде. Нилъги хиса-сверила. Аллагьасул буюрухъги рагІараб, кІудияв малаикас гьаракьги гьабураб ва Илагьияб ссурги пураб мехалъ живго ТІадегІанав рещтІина. Ва МасихІиде иман лъун хварал гІадамал тІоцере рахъина тІаде.
Выбор основного перевода