гьаб дуниялалъул кверщел кодоб бугеб илбисалъ ракІ бецлъизабуразе, – Аллагьасул суратлъун вугев МасихІил къудраталъул хІакъалъулъ Рохалил хабаралъул Нур гьезда бихьунгутІизе.
ВачІун гьев чияс, илбисалъул къуваталдалъун, батІи-батІиял гьересиял мугІжизаталги гІаламаталги рихьизарила.
БатІи-батІияб хІилла-рекІкІалдалъун гуккила жидедаго тІаде тамихІ цІалеб бугел гІадамал. Гьедин ккела жиндалъун хвасарлъизе рукІараб хІакъабщинаб гьезие бокьуларелъул ва гьез гьебги нахъчІвалелъул.