Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
– Зобалазул ПарччахІлъи релълъуна жиндирго васасе бертин гьабулев вукІарав цо парччахІасда. Нахуда хадур гьел араб мехалъ, бахІарав вачІун вуго. ХІадурго чІун ратаралги цадахъ рачун, бахІарав бертадул рокъове лъугьун вуго. Нахъасан нуцІаги рахан буго. ГІисаца гьесие бицана: – КІудияб гьоболлъи гьабизе цо сордоялъ гІемерал гІадамал кванде ахІанила цо пуланав чияс. БахІарав вуго бахІаралъул бетІергьан, бахІарасул гьудулин абуни бахІарай ячине гьев вачІинегІан чІезе ккола, ва, гьев вачІунев рагІарабго, вохуца холев вукІине ккола. Гьедин гьанже дунги кутакалда вохун вуго гьев вачІиналдаса. Рос-лъадуда гьоркьоб букІунеб гІадинаб гуреб, Аллагьасдасан бачІараб щакдари буго дир рекІелъ нужедехун: дица нужер магьари лъуна бихьинчияс квер хъвачІей бахІарай гІадин нуж цохІо вугев росасе – МасихІие кьезе. КІудияб руккелалъул гІадинаб яги кутакаб чвахелоялъул гІадинаб гьаракьалдалъун ахІулеб рагІана дида: «Гьаллелуя! Нилъер къудратав БетІергьан Аллагь парччахІ вугелъул! Нилъ роха-хинлъун разиго рукІина ва гьесие рецц гьабила, КьагІрил бертадул къо тІаде щун бугелъул ва гьесул бахІарайги къачІа-кІатІан йигелъул!» Гвангъараб ва бацІцІадаб тІеренаб дарайдул ретІел кьун буго гьелъие. (Гьеб дарай ккола Аллагьасул халкъалъул ритІухъал ишал.)
Выбор основного перевода