Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ГІисаца гьелда абула: – ТІагІа дида цебеса, шайтІан! ТІехьалда хъван буго: «ЦохІо Аллагьасе – дурго БетІергьанасе – гурони сужда гьабуге. ЦохІо Гьесие гьабе гІибадат!» Пётр азбаралъуве лъугьунеб мехалъ, данде ун гьесда цеве суждаялда чІана Корнелий. Гьев тІаде вахъинавулаго, Пётрица абуна: – ТІаде вахъа, дунги мунго гІадинав чийин. Аллагьас нилъее загьир гьабуна МасихІидалъун тІубазабизе кколеб букІараб жиндирго балъгояб мурад. Зоб-ракьалда бижанщинаб МасихІиде цолъизабиялъул ва киналъулго бетІерлъун гьев гьавиялъул мурад Аллагьас тІубазабула болжал щвараб мехалда. Ва гьеб аздагьоялъул кутакалда ццин бахъана гьей чІужугІаданалда. Ва Аллагьасул амруялги тІуразарулел ва ГІисал хІакъалъулъ жидеца нугІлъиги гьабулел гІадамазда – дой гІаданалъул наслуялдасан хутІарал чагІазда – данде багъизе ана гьеб. Ва гьеб аздагьо ралъдал рагІалда чІана.
Выбор основного перевода