Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Къасиги къадги жиндир цІобалде хьул лъун, гьари-дугІаялда жинде ахІделел ругел тІаса рищарал лагъзал Аллагьасги цІуниларищ? Гьезул мурад тІубазабизе кватІилищ гьев? Дица нужеда абулеб буго: гьес гьел хеккого цІунила. Амма ГІадамил Лъимер вачІараб мехалъ, божи-иман батиладай гьесда гьаб ракьалда? Кутакаб гьаракьалдалъун гьез ахІулеб букІана: «ХІакъав ва Мукъадасав БетІергьан, кидалъагІанха гьаб ракьалда ругел гІадамал дуца тамихІ гьабичІого ва нижер бидухъ къисас босичІого тун ругел?» Халкъазул дуде ццин бахъиндал, дурги ццин гьалаглъана. Хваразеги суд гьабизе заман щун буго: дур лагъзадерие – аварагзабазе ва киналго дур цІаралъукьа хІинкъулезе – гІисиназеги чІахІиязеги – кириги хъвазе, ракьалде балагь бачІинабуразде балагьги рещтІинабизе». Гьез ахІулеб букІана Аллагьасул лагъ Мусал кечІ ва КьагІрил кечІ: «ХІалкІолъи кІудияв БетІергьан Аллагь, гІажаибал ва чІахІиял руго дур ишал! Халкъазулго парччахІ, гьел дур нухал ритІухъалги руго, хІакъалги руго! Къурбан хъолеб бакІалда аскІосан абулеб рагІана дида: «БитІараб буго! ЦІакъго ритІухъабги хІакъабги хІукму къотІана дуца, хІалкІолев БетІергьан Аллагь!» Анкьго щурун кодоб бугев анкьго малаикасдасан цояс, дида аскІовеги вачІун абуна: «Вилълъа, дица дуда бихьизабила чІахІиял гІоразда тІад гІодой чІарай кІудияй хъахІбаялъе судалъ къотІараб хІукму.
Выбор основного перевода